МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда рагIалде бахъана «Каспий ХIалал Экспо»


25 октябралда МахIачхъалаялда рагIалде бахъана санайилаб «Каспий ХIалал Экспо» абураб выставка.

23 октябралда Дагъистаналъул Миллияб библиотекаялда рагьана «Каспий ХIалал Экспо» абураб выставка, исана Дагъистаналда гьеб тIобитIана лъабабилеб нухалда. 2013 соналъ, тIоцебесеб выставка тIобитIулеб заманалда, гьелъул гIуцIарухъабаз абулеб букIана гьеб «ХIалал» маркаялда гъоркь биччалеб продукция машгьурлъизе ва Дагъистаналъул предпринимателазе жидерго продукциялъул цебебоси гьабизе рес кьолеб тадбир бугин.

Исана, Каспий ХIалал Экспоялда цо «ХIалал» маркаялъул нигIматал гурелги цебосун букIана хурдузул косметика, ретIел ва цогидаб. Гьединго выставка халат бахъараб лъабго къоялда жаниб тIоритIарал конференциязда гIахьалчагIаз ва Россиялъул батIи-батIия регионаздаса гьалбаз рорхана суалал халкъазда гьоркьосеб терроризмалъул, гьелда дандечIеялъу шартIазул ва исламалъул банкингалъул, ай шаргIалда рекъон финансазул операцияби гьариялъул суалал.

Гьедин, Дагъистаналда тIибитIараб «Ля-Риба-Финанс» абураб финансазул гIуцIиялъул нухмалъулев Мурад Алискеровас баян гьабулеб буго Исламалъул банкинг тIибитIизабиялдаса киналго бергьине ругин: гIадатиял гIадамалги хIукуматги. Жибго «Ля-Риба-Финанс» абураб гIуцIи соналдаса соналде машгьурлъулеб буго Дагъистаналда.

Вставкаялда гIахьаллъи гьабуна гьединго цогидал регионаздаса гьалбаз. Масала, «ШартI» абураб Оренбург шагьаралдаса фирмаялъ къватIибе биччалеб буго гьуинлъи, аслияб куцалда татаразул ругьунаблъун лъугьараб гьуинлъи – чак-чак. Гьеб гуребги фирмаялъ гьарулел руго квасул шалал. Фирмаялъул нухмалъулес абулеб буго гьеб выставкаялда гIахьаллъиялъ цIиял ресал рагьилин хьул бугин.

Рустам Шаймулин: « Нежер фирмаялда цIар буго «ШартI», кинабго нижер продукция гьабулаго шаргIалда рекъон, киналго шартIал чIезарула нижеца. Продукция гьабизе хIалтIизарулел нигIматаздаса байбихьун. Нижеца кванил нигIматал гурелги гьарула цIар рагIарал Оренбургалъул шалалги. Гьел хьухьуна цIаназул квсалъул».

Бищун цIикIкIараб къадар выставкаялда цебебоси гьабурал нигIматал рукIана гьанал нигIматал. Чанго батIияб фирмаялъул нигIматал рукIана цереросун. Масала «Рисалат» абураб холдингалъул, «Кизляро-Урицкий» гьанал комбинаталъул, Агул мухъалъул фирма. РукIана гьединго Исламалъул шартIазда рекъон хъурал гIанкIоязул гьан бичулеб фирма.

Араб соналда республикаялда бахъун букIана ахIи, аслияб къадар базаразда ричулел гIанкIоязул кколеб къагIидаялда хъураб гуреб, чIван хвезарурал ругин. Гьединлъидал цIакъго машгьураб бугин жидер фирма. Масала, бачIиндаго цо Бабаюрт мухъалда бичулеб букIанила гIанкIоязул гьан, гьанже жидеца гьеб тIолго республикаялда бичулин абулеб буго гьеб гIуцIиялъул вакил Расул МухIамадовас.

Гьан-бакьал ричулеб «Кизляро-Урицкий мясной комбинат» абураб гIуцIиялъул вакил Заира МухIамадовалъ бицана жидеца гьанал нигIматал гьарулила «ХIалал» сертификациялъул тIалабазда рекъон.

Заира МухIамадова: « Нижеца къватIире риччала чанго батIияб тайпаялъул бакьал ва гьединго батIи-батIиял деликатессал. Нижер кинабго продукция гьабула нижеро комбинаталда Исламалъул шартIазда рекъон хъураб гIи-боцIиялъул гьанал, я цIер чIвазабичIогон, я цогидал химикиял процедураби тIоритIичIогон».

Кванил нигIматал, ретIел-кун гуребги, выставкаялда гьединго гIахьаллъана минаби раялъул сфераялъул гIуцIаби ва мебель гьабулеб фирма. «ХIалал» абураб жо гIицIго квен ва ретIел гуребги, киналго сферабазда тIалаб гьабизе кколин, чияс щиб гьабулеб бугониги ризкъи хIалалаб гурого тIалаб гьабизе бегьуларин, гьединлъидал киналго сферабазда гьабулеб къйиги, босулеб муухьги хIалалаб букIин тIалаб гьаби тIадаб кколин баян гьабуна высавкаялъул гIахьалчи ХIусейн Джаватхановас.

25 октябралда, выставкаялъул хIасилал гьарулаго, хасаб къимат кьуна цо-цо, жидер къайи тIаде рачIаразда ва гIахьалчагIазда гъорлъ машгьурлъарал гIахьалчагIазе. Гьединго, выставкаялда цебебоси гьабуна «ХIалал» абураб сертификация гьабулеб хасаб централъул. Гьеб центр хIалтIизе бугила Дагъистаналъул РухIияб идараялда цебе.

XS
SM
MD
LG