МагъчIваялъе рес

HRW: Россиялъул авиациялъ ракълилал гIадамал чIвана Сириялда


Human Rights Watch (HRW) абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъ Россиялде гIунтIизабуна Сириялда рагъ бачунеб низам биххиялъул гIайиб. Гьелъул хIасилалда 60-гIан ракълилав инсан чIван вугин.

Гьадин лъазабулеб буго рехсараб гIуцIиялъ гьатIан къоялъ загьирабураб жиндирго докладалда. 15 октябралда Россиялъул авиациялъ бищун дагь босун кIиго гьавадул гьужум гьабун букIанин Хомс шагьаралъул ракълилал гIадамазде.

Human Rights Watch гIуцIиялъ тIалаб гьабуна гьеб хIужаялъул мухIканаб цIех-рех гьаби. Араб рузман къоялъ Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб централъул бетIер Абдель РахIманица лъазабуна, Россиялъул аваиациялъ гьарурал гьавадул гьужумазул хIасилалда гIаммаб къадаралда 150 ракълилав инсан чIван вугин.

Цого мехалъ «Исламияб пачалихъалъул» нусгогIан къеркьохъан чIван вугоян лъазабулеб буго тохалчагIаз.

XS
SM
MD
LG