МагъчIваялъе рес

Жанубияб Азиялда ракь багъарун буго


Жанубияб Азиялда итни къоялъ ракь багъариялъул хIасилалда ахирисел лъазабиязда рекъон нусгоялдаса цIикIкIарав чи къурбанлъун ккана, анлънусгогIан чи лъукъун вуго.

Аслияб къагIидаялда Афгъанистаналда ва Пакистаналда. Ракь багъариялъул эпицентр букIун буго Афгъанистаналда, Бадахшан вилаяталъул Гиндукуш мухъалда. Гьелъул гуч анкьго бащадгун балладе бахана Америкалъул Цолъарал Штатазул геологиялъул хъулухъалъул баяналда рекъон. Риххун руго рукъзал. Гьоркьоса къотIун руго телефониял электроэнергия бачунел бухьенал.

XS
SM
MD
LG