МагъчIваялъе рес

Лъазабулеб буго Украиналъул рищиязда къанунал хвезариялъул хIакъалъулъ


ГьатIан къоялда Украиналъул бакIалъулал рищиязда, Украиналъул милициялъул лъазабиялда рекъон, гьезухъе бачIун буго гьаркьал кьеялъул къанун хвезабулеб букIиналъул хIакъалъулъ щунусго гIанаб лъазаби.

Украиналъул жанисел ишазул министр хисулев Сергей Яровоясул рагIабазда, рагьун буго щуго такъсирияб иш ва къанунал хвезариялда хурхараб лъазариязул хал-шал халат бахъунеб буго.

25 октябралда Украиналъ рищулел рукIана шагьаразул ва росабазул бутIрул ва областазул, шагьаразул, мухъазул ва росабазул депутатал.

Конституциялда гьарурал хиси-басиязда рекъон, рищиязда бергьарал жидерго хъулухъазда рукIине руго кIиго соналъ. Децентрализациялда хурхарал реформаби рагIалде рахъун хадуб, 20I7 соналда тIоритIизе ккола цIиял рищиял.

Гьел рищиял тIоритIулел гьечIо Донецк ва Луганск областазул хасаб операцияби тIобитIулел мухъазда.

XS
SM
MD
LG