МагъчIваялъе рес

Башар Асад хIадурав вуго Сириялда рищиял тIоритIизе


Президент Башар Асад хIадурав вуго улкаялда парламенталъулги президентасулги рищиял тIоритIизе. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Пачалихъияб Думаялъул депутат Александр Ющенкоца Дамаскалда Сириялъул лидерасулгун Россиялъул делегациялъул букIараб гара-чIвариялда хадуб.

Ющенкол рагIабазда, Асад хIадурав вуго гьел рищиял улкаялда ругел киналго политикиял къуватазул гIахьаллъигун тIоритIизе ва конституциялъулал реформаби гьаризе.

Шамат къоялда Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабун букIана Москва хIадураб бугин «Сириялъул эркенаб армия» абураб оппозицияб гIуцIиялъе гьаваялдаса квербакъи гьабизеян. Амма гьелда хадур раккарал лъазабиязда абулеб букIана оппозициялъ нахъ чIванин Россиялъугун жидерго гIаммаб иш букIине бегьиялъул ресин.

XS
SM
MD
LG