МагъчIваялъе рес

Кишиневалъул диваналъ эркен гьавуна оппозициялъул лидер


Кишиневалъул диваналъ эркен гьавуна Молдовалъул оппозициялъул лидер Ренато Усатый. Прокуратураялъул вакилзабаз тIалаб гьабулеб букIана гьев ккун чIезавиялъул болжал 30 къоялъ халат бахъинаби. Амма гьеб гьари диваналъ нахъ чIвана.

Усатыясда гIайиб гIунтIизабулеб буго Молдовалъул вукIарав премьер-министр Влад Филатилги бизнесмен Илан Шорилги телефоналдасахун калъаялъухъ балъго гIенеккиялъул. Россиялъул рахъалдеххун балагьарав оппозициялъулас къватIиб чIвазабураб аудиохъвай-хъвагIаялдаса бичIунеб буго, гьел кIиязулго коррупциялдеги Молдовалъул банказдаса гIарац бикъиялдеги хурхен букIин.

«Нилъер партиялъул» лидер ккун вукIана рузман къоялда аэропорталда Москваялдаса нахъе вуссунеб мехалда. ГьатIан къоялда диваналъ гьесул иш гьоркьоб лъолеб мехалда, Усатыясул рахъ кколез тIобитIана диваналъул минаялда цебе митинг. Жив эркен гьавун хадув, политик цеве вахъана тадбиралъул гIахьалчагIазда.

XS
SM
MD
LG