МагъчIваялъе рес

Украиналдаги Россиялдаги гьоркьоб авиабухьен чIезабуна


25 октябралдаса байбихьун Украиналдаги Россиялдаги гьоркьоб чIезарулел руго авиарейсал.

«Би-Би-Си» агентлъиялъул хIисабалда рекъон, авиабухьен гьечIолъиялъ, щибаб моцIида жаниб квал-квал букIине рагIула сапаралде вахъарав 70 азарго гIанав чиясе.

Украиналъул хIукуматалъ гьединаб хIукму гьабуна сентябралда. Гьелда хадуб жаваб хIисабалда Москваялъги гьукъана Украиналъул авиакомпаниязе Россиялде рейсал гьаризе.

XS
SM
MD
LG