МагъчIваялъе рес

Гуржиялъ хIадурулел рукIун рагIула нухмалъи тIасса реххизе


Гуржиязул Пачалихъияб хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъ такъсирияб иш рагьун буго пачалихъалъул нухмалъи тIасса реххизе хIадуриялъул хIужаялда хурхун. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна гьеб хъулухъалъул нухмалъулев хисулев Леван Изорияца экстреннияб брифингалда.

Изориял рагIабазда, гьесул хъулухъалъ тIоритIарал оперативиял тадбиразулги информалатазул лъазабиязул гьабураб анализалъги гьел тIоцере рачан руго гьединаб пикруялде, хадуб гьединаб гали хIадурулеб букIиналъул хIакъалъулъ информацияги щванин, жубалеб буго гьес.

Леван Изорияца рагIи кьуна гьеб хIужжаялъул «щвалде щвараб цIех-рехх гьабизе», амма рехсечIо цогIаги фигурантасул цIар.

«Цолъизабураб миллияб багъа-башари» абураб Михаил Саакашвилил оппозицияб партиялъул лидераз лъазабуна, гьеб такъсирияб иш кколин «оппозициялде данде репрессияби гьаризе байбихьиялъул хIалбихьиян».

XS
SM
MD
LG