МагъчIваялъе рес

Болгариялъ, Румыниялъ ва Сербиялъ гIорхъаби къаялъул хIинкъиял кьолел руго


Болгария, Румыния ва Сербия хIадурал руго жидерго гIорхъаби къазе, гьединабго галиялде Австрияги Германияги унеб бугони. Гьелъул хIакъалъулъ жиндирго коллегаби Виктор Понталгун ва Александр Вучичилгун рукIарал кIалъа-басаязда хадуб лъазабуна Болгариялъул премьер-министр Бойко Борисовас.

Политиказ лъазабуна, нагагьлъун Магърибалъул улкабаз гIорхъаби къалел ругони, жидеца тезе гьечIин Балканал «мигрантал хьвадиялъул регуляция гьабулеб шлюзалде» руссинаризеян.

«Нижеца Евросоюзалъул рахъ ккола. Амма нижеда кIоларо цогидал улкабазул бакIалда жавабал кьезе. Жидерго бакIал тун лъутIаразул проблема рагIалде бахъинабизе ккола тIолабго Европаялъ, киналго пачалихъаз. Цо улкаялъул гIорхъаби къазе ихтияр бугеб мехалда, щай гьеб букIине кколареб цогидазул?» - ян лъазабуна Понтаца.

XS
SM
MD
LG