МагъчIваялъе рес

Москва хIадураб буго «Сириялъул эркенаб армиялъе» кумек гьабизе


«Россия – I» телеканалалъул эфиралда Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна, Москва хIадураб бугин «Сириялъул эркенаб армия» абураб гIуцIиялъе гьаваялдасахун кумек гьабизе гьелъул рагъухъаби жигьадистазде данде къеркьолел мухъаздайин. Гьесул рагIабазда, гьеб гьабизе буго Москваялъухъе гьел бакIазул мухIканал координатал щун хадуб.

Шамат къоялдаго Лавровас телефоналдасахун гара-чIвари гьабуна Мисралъул къватIисел ишазул министр СамехI Шукрилгун. Россиялъул МИДалъул баяназда рекъон, рахъаз хIукму гьабун буго ГIагараб Машрикъалда терроризмалде данде къеркьеялъул ва Сириялда политикияб къагIидаялда конфликт рагIалде бахъинабиялъул цадахъал тIадбирал халат рахъинаризе.

XS
SM
MD
LG