МагъчIваялъе рес

​«Магърибалдаса Машрикъалде щвезегIан»

МахIачхъалаялда этнокультураялъул централда байбихьун буго «Магърибалдаса Машрикъалде щвезегIан» абураб миллияб ратIлил экспозиция. Гьениб лъун буго Дагъистаналъул щибаб халкъалъул умумузул ретIел – ботIродаса ахаде щвезегIан ретIунеб букIараб куцалда. Цинги гьелда тIадеги гIарцул тIагIалабиги руго манекеназда ран – кIилкIал, горбодагун ботIродаса эхере дализарулел рахсал, рачалаби, курхьаби. Экспозициялде щвана нижер мухбир Зульфия ХIажиева.

Цойги

XS
SM
MD
LG