МагъчIваялъе рес

ДНРалда гьукъана «Горхъаби лъаларел тохтурзабазул» хIарактчилъи


БакIалъулал къанунал хвезарулел ругинги абун, Донецкалда сепаратистаз гьукъун буго «ГIорхъаби лъаларел тохтурзаби» абураб гIуцIиялъул хIаракатчилъи. Гьеб гIуцIиялъул аккредитация хвезабулеб букIиналъул хIакъалъулъ лъазабуна жинцаго жибго Донецкалъул халкъияб республикалъун лъазабураб гIуцIиялъул вакилас.

Гьелда цебе сепаратистаз аккредетациялдаса махIрум гьарун рукIана «Халкъазхдагьоркьосеб багIараб хъанчI» ва «Инсан къварилъиялда» абураб Чехиялъул рахIму-цобалъул гIуцIи.

XS
SM
MD
LG