МагъчIваялъе рес

Евроцолъиялъги Украиналъги щулалъизарулел руго экономикиял гьоркьорлъаби


Германиялъул канцлер Ангела Меркелица Берлиналда тIобитIараб Германиялъулгун Украиналъул экономикияб форумалда лъазабуна, Евроцолъиялъ Украиналъулгун экономикиял гьоркьорлъаби гIатIилъизариялъул къотIи-къай гъулбаси кколарин Россиялде данде гьабураб галиян ва Германиялъ гIамал гьабулеб бугин пайдаял экономикиял бухьенал Украиналъулгунги Россиялъулгунги гIуцIизейин.

КъотIи-къаялъул рахъ кколез лъазабулеб буго, гьеб документалъ Украиналъул Магърибалъулгун бухьенал щулалъизаризе ругин. Москвалдайин абуни, гьелдаса хIинкъи бихьулеб буго регионалда жиндирго интересазе.

XS
SM
MD
LG