МагъчIваялъе рес

Венаялда къватIисел ишазул министразул данделъиялда гьоркьоб лъуна Сириялъул кризисалъул суалал


Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасги Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрицаги Сириялъул кризис гьоркьоб лъураб гара-чIвари тIобитIана Венаялда. Хадуб гьеб гара-чIвари халат бахъана Туркиялъулги СагIудиязул ГIарабиялъулги къватIисел ишазул министрал Феридун Синирлиоглугун ва Адель аль-Джубейрагун. Сириялда загьирлъулел пролемаби гьоркьор лъеялъе ана кIиго гIанаб сагIат.

Гьеб тадбиралда цебе, 20 октябралда ракIалдаги гьечIого Москваялде визит тIобитIана Сириялъул президент Башар Асадица. Москваялъ гьесие, абухъего, «багIараб халича» тIами ракIалъе гIечIо Вашингтоналъе. Вашингтоналъ ва гьелъул партнераз Москва какана, Асадиде данде чIарал оппозициялъул къуватазул позициязда кьабиял щвезарулел рукIиналда бан.

XS
SM
MD
LG