МагъчIваялъе рес

Швециялъул школалде тIадекIанцIарав хун вуго


Швециялда хвалченгун школаялде тIадекIанцIарав чи кколеб мехалда щварал гулбузул ругъназдаса хун вуго азарханаялда. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Трольхеттэн шагьаралъул полициялъ.

Швециялъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул лъазабиялда рекъон, гьеб тIадекIанцIиялъул хIасилалда хун вуго II ва I5 сон барал цIалдохъаби ва цо педагог. Полициялъул лъазабиялда рекъон, лъукъун рагIула гьединго ункъго цIалдохъан.

XS
SM
MD
LG