МагъчIваялъе рес

СШАялъги Израилалъги нухал ралагьулел руго ГIагараб Машрикъалда зулму даглъизабиялъе


Берлиналда букIараб данделъиялда Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица ва Израилалъул премьер-министр Беньямин Нетаньяхуца жавабиял рахъазде ахIи бана чанго къоялъ ГIагараб Машрикъалда ахIвал-хIал хIулуциналъе гIиллалъун кколеб зулмуялде гьесизариялъул къагIидабаздаса инкар гьабиялде.

Нетаньяхуца лъазабуна палестиниял израилалъулазде тIадекIанцIиялъул аслияб багьана кколин Палестинаялъул къокъабаз гIадамал гьезисари ва Иерусалималда бугеб аль-Акса мажгиталъул статусалда хурхун Палестинаялъул лидер МахIмуд ГIаббасица «тIиритIизарурал гьерсалин». Бицен гьабулеб рагIула, бусурбабазул хазинабазул цояблъун кколеб мажгиталде хьвадизе палестинизе ресал къотIизариялда хурхарал харбазул.

XS
SM
MD
LG