МагъчIваялъе рес

Аятоллагь Хаменеица тасдикъ гьабуна Ираналъул ядерияб программаялда сверун къотIи-къай


Ираналъул тIадегIанав лидер Аятолла Хаменеица тасдикъ гьабуна Тегераналдаги асар кIудияб анлъго улкаялдаги гьоркьоб Ираналъул ядерияб программаялда сверун гьабураб къотIи-къай.

Гьес Тегеран ахIана цIодорлъиялде, Цолъарал Штатазда божилъи гьечIинги абун.

Ираналъул президент ХIасан РоухIанихъе хитIабалда, Хаменеица лъазабулеб буго, Цолъарал Штатазги Евроцолъиялъги чIван къотIун лъазабизе кколин Ираналде данде лъазарурал санкцияби рахъулел рукIиналъул хIакъалъулъин.

Хаменеица жубана гьединго, гьеб къотIи-къаялъул ругин цо-цо структуриял гIунгутIиялин.

XS
SM
MD
LG