МагъчIваялъе рес

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъ Тегеран ахIулеб буго лъимал чIваялдаса инкар гьабиялде


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул генералияв секретарь Пан Ги Муница Тегеран какана диваналъул хIукмуялда рекъон, балугълъиялде вахинчIев васги ясги гIумруялдаса ратIа гьариялда бан.

16 сон барай Фатема Сальбехи гIанкъизаюна хIал гьабун ригьин гьабун хадуб росс чIваялъул гIайиб гIунтIизабун. Мадугьалихъ гIумру гьабулев гIияхъан чIваялъул гIайиб гIунтIизабун чIван вуго 17 сон барав Самад Сахаби.

Пан Ги Муница кIвар буссинабуна, Тегераналъ 18 сон бачIел такъсирчагIазда хурхун чIваялъул тамихI къотIиялдаса инкар гьабиялда хурхараб халкъаздагьоркьосеб конвенциялъул ратификация гьабун букIиналде.

XS
SM
MD
LG