МагъчIваялъе рес

Сириялда ахирисел къоязда жидерго бакIаздаса нахъе ине ккун вуго 35 азарго гIанав чи


Ахирисел къояз Сириялъул Алеппо шагьаралдаса жидерго бакIал тун лъутизе ккун вуго 35 азарго гIанав чи. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул лъутизе ккаразул ишазул идараялъ.

Россиялъул авиациялъ къабиял щвезариялъул фоналда Башар Асадил армиялъ дандечIарал къуватазул поциязде байбихьана гьужум. Конфликт хIалуццун буго Хомс, Хама, Идлиб ва Латакия провинциязда.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул идараялъул лъазабиялда рекъон, кIудиял гуманитариял проблемаби руго Алеппоялда аскIорехун ругел Хадера ва Зербеха шагьаразда гIумру гьабун ругел гIажамазул. Гьезие гIолеб гьечIо квен-тIех, дараби, ретIел, хасго гьава-бакъ цIоролеб букIин ракIалде босунин, лъазабулеб буго гьеб идараялъул вакильзабаз.

XS
SM
MD
LG