Цолъарал Штатазул хьул буго Сириялда «политикияб процессалъул» хIасилалда заманалъулаб хIукумат баккизе букIиналъул. Амма Башар Асад гьелъул гIахьалчилъун вукIине рес гьечIин, гIагарисеб заманалда жиндирго кверщелалдаса гьес инкар гьабизе букIиналъул Вашинтгтоналъул хьулал гьечIонигиян, лъазабуна Цолъарал Штатазул Пачалихъияб департаменталъул пресс-секретарь Марк Тонерица.
Гьесул рагIабазда, гьеб суал гьоркьоб лъун букIана Америкаялъул пачалихъияв секретарасул, Россиялъулги СагIудиязул ГIарабиялъулги къватIисел ишазул министразул телефоналдасахун букIараб гара-чIвариялдаги.
Джон Керрица лъазабуна, Цолъарал Штатазулги цогидал пачалихъазулги хьулал ругин Башар Асад жиндаса тIалаб гьабулеб галиялде иналде гьесизавизе хIаракат бахъулеб коалициялде гъорлъе Москваги лъугьине букIиналъулин.