МагъчIваялъе рес

Джон Керрица Израиль ва Палестина ахIулел руго парахалъи нахъе буссинабиялде


Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица Израилалъулги Палестинаялъулги лидерал ахIана нахъ тIамичIого Израилалда ва Иордан гIоралъул магърибалъул рахъалда магIна гьечIеб зулмуялъе ахир лъеялде. Гьесул рагIабазда, бищунго къваригIараб жо ккола израилалъулазги палестиниязги аль-Акса абураб мажгиталъул статус чIезаби ва жамгIияб пикру гIодоб биччаялъе галаби гьари.

Зулмуялъул даража бихьулеб къагIидаялда цIикIкIана Израилалъ исламияб дунялалъул кIвар бугеб объектазул лъабабилеблъун кколеб мажгит бугеб борхалъи жинхъего бахъизе планал ругин харбал тIиритIизарун хадуб. Израилалъ нахъ чIвалел руго гьел харбал ва гIайиб гIунтIизабулеб буго палестиниязда, гьез ургъунго харбал тIиритIизарулел ругинги абун.

XS
SM
MD
LG