Словениялъ инкар гьабулеб буго жидерго территориялде Хорватиялдаса рачIунел ГIагараб Машрикъалдаса мигрантазул къойида жаниб 1000-ялдаса цIикIкIун чи виччазе. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабун буго улкаялъул нухмалъиялъ.
Мигрантазул 1800 чи вукIараб поезд бачIанин сардикь Хорватиялъул Средишче об Драви абураб контролалъул пункталде. Гьенисан Словениялде 500 чи гурони виччачIин, лъазабуна Словениялъул полициялъул вакил Боян Кителица.
Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Лъутизе ккаразул ишазда сверун агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, анцIазаргоялдаса цIикIкIун мигрант чIезе ккун вуго заманалъ Сербиялда.
Гьеб гIуцIиялъул вакилзабаз лъазабулеб буго, гьезие квен-тIех, ретIел гIолеб гьечIолъиялъул хIакъалъулъ. ГIагараб Машрикъалдаса мигрантаз Балканазул улкабаздасахун нух бахъулеб буго магърибалъул Европаялъул улкабазде, аслияб къагIидаялда Германиялде.