МагъчIваялъе рес

Тетрадалъул тIанчаздаса… замана, гIадамал ва пикраби


Libro
Libro

Ункъоялда анцIабилел соназул байбихьуда миллиял рагъа-рачариял, митингал, ахIи-хъуял гьарзалъарабго гIемерлъун рукIанила цере кIанцIолел ва «дун» бачунел гIадамалин бицуна. Бицуна батIи-батIиял гIадамал кIанцIун рачIанила цере «гьале гьанив дунги вуго» ян.

Кьер-кьерал пиджакал ретIарал, горбода меседил рахас барал, «казачки» абун цересан кIичIарал хьитал ретIарал гIадамал лъугьанила хутIаразда гIумру кин гьабизе кколебали малъизеян. Гьел чагIи «ГIака биче, автомат босе! Мина биче, автомат босе!!!» - ян цо митингалда ахIдезе лъугьараб мехалъ, къел ракьанда вугев цо херас такрар гьарулел рукIанила цохIого рагIаби: «Гьии …дир лъимал, гIемер лъикIаб жо гуроанха гьеб рагъ… гIемер лъикIаб жо гуроанха…», — ян.

Пайда щиб, лъиданиги рагIулеб букIун гьечIо къел ракьанде цураб гIакълуялъул гьаракь. Трибуна букIана жагьиллъиялъ ва хIамабагьадурлъиялъ босун. Лъималазда рагъ суратазда ва кинодул лентабазда гурони бихьун букIинчIо. Рачлихъ таманчаги, гъажалда автоматги барав чи гучав чи вугин абураб пикруялъги, жеги дунял бичIчIичIел, рагъул кьогIлъи лъачIел гьодорал бутIрузги гьел тункулел рукIана церехун. Жанисеб гьаракьалъ абулеб букIана «вихьизаве мун щивали» - ян. Вихьизавулевги вукIана расги барахщичIого, гьезул цоял тIараде ана, цогидал ахада хутIана, лъабабилел къаникьеги ун гьезул хабада хурдул шуршудулел руго жакъа.

Гьеб буго нилъер беразда бихьараб «рагъ» — криминалиял разборкабаз 90-абилезда чIварал гIолохъаби, I999 абилеб соналъ Болъихъ, Къадар, Новолак ва ахирал соназда дагьлъарал рохьилазулгун ва полициялъул къеркьей. Щай дица гьелъул бицунеб бугеб гьаниб? Гьаб сураталъ нилъеда цебе тIамизе бигьалъула кIудияб рагъ.

ХIатта гьаб рехсараб рагъуцацин ракI гъанцIизабулеб буго нилъер. Гьанже хIисаб гьабе унго-унгояб кIудияб рагъул, ватIанияб рагъул, дунялалъул рагъул. Кинаб вахIшияб сурат ва кIудияб пасалъи ХХ гIасруялда инсанияталда бихьараб? АнцI-анцI пачалихъал, нус-нус миллатал, миллионаз гIадамал, чIварал, хварал, рухIарал, гъанкъарал, лъукъарал, чиясда цебе тIамизе захIматаб, ракьалда рещтIараб жужахI. Камчаткаялдаса Калинградалде, полярияб Севералдаса Югалъул мугIрузде щун гьелъул цIадул милъир хъвачIеб, ракIал лъукъичIеб, гIолохъаби камичIеб рукъ къанагIат хутIун батиларо.

Дида ракIалда буго кIудияй эбелалъ жиндир рагъда чIварав вацасул адрес хвезегIан рехсолеб, гIодун бицунаан дов рагъде иналъулги, хабар лъачIого тIагIиналъулги. РакIалда йиго росулъа гIадан, рагъда кIиго вац виларай. РакIалда буго аскIоб бугеб росулъа цо хъизаналъул ункъго вац кIудияб рагъде арал, лъабгоявги чIван инвалидлъун цояв вуссарал. РакIалда вуго кIудияв Расул ХIамзатов, рагъул темаялда дунялалда бищунго машгьураб кечI хъварав, кIудияв ригь арав херав чи щакъраххунаан жиндир рагъда чIварал вацазул бицун.

РакIалда буго 2000 абилеб соналъул маялъул къоял рукIана. Чернышевскиясул къотIноб бугеб Расулил рукъалъул кIалтIа харбида рукIана. «55 сон сверана рагъ лъугIаралдаса, дидаса кIудиял вацал дора къанщана, дол гIолохъабилъун хутIана, дун вихьуларищ доздасаги кIудияв гIун, инсул ригьалдасаги тIаде ун гьанив…», — ян кIалъалев вукIана Расул.

«Мун гьанив хIажат вуго, Расул, Аллагьас цIунана мун гьанир ругезе, мун рагъде ани «Къункъраби» кечI букIинароан, цогидал анцI-анцI миллионал асир гьарурал кучIдул рукIинароан. Рагъда чIварал вацазде ва эбелалде дуца хъварал гIадал асарал дунялалда лъицаниги хъван рукIун ратиларо», — ян гьев гIодов виччазавулев вукIана. «Рагъда чIварал вацазде» абураб калам ккуна гьес дир, « щиб кечI букIараб дир вацазде хъвараб?» — ин сихIирго валагьана гьев. Дица цIалана рагъда чIварал вацал Ахилчиде ва МухIамадиде гъос хъвараб поэмаялда бакьулъа дидаго ракIалде чIарал бакIал:

«…Севастополалъул кIалгIаби, ганчIал,

КIикъоялда цойилъ нуж руго нугIзал.

ЦIорораб накIкIилаб сордо букIана,

Самолет бортана ЧIегIер ралъдалъе.

Гьелда рекIараб цIа карачалазул,

Квачараб гьелчеялъ свине гьабуна.

ГIумру гьечIеб тIагIел тIиналде ана

Гьелда тIад вукIана дир вац Ахилчи.

Гьеб хабар рагIигун эбел гIодана,

Ралъад гьекъезегIан къечон йигин дун,

ГьедигIан кIудияб, гьедин гъваридаб

ГьедигIан гIурччинаб хоб букIунарин,

Хабада тIад зани чIвалеб гьечIелъул

ЧIаго вуго дир вас Ахилчиян,

Гьев вукIанин лъикIав лъетIарухъан

ВачIина квачIги бан карачалабалъ…

ЦIалулеб букIана дица ракIалда бугеб жо, аскIов вукIарав гьудулас тункун чIезавуна. Расулихъ валагьарабго гьев гIодулев вугоан чваххун магIугун. Дихъа цо тохаб иш ккараб гIадин нечон дун вуцIцIана. Расулица магIуги бацIцIун хадусеб цIализабуна. Гьеб къоялъ тIадеги бичIчIана дида дунялалда тIаде ккун букIун бугеб балагьалъул масштаб.

Бицуна нилъеца экономикаялъул, культураялъул, социалиял суалазул ва анцI-анцI кIвар бугел суалазул ва масъалабазул, амма хIисаб гьабурабго рагъ гьечIолъиялдаса ва гIадамал ракълида рукIиналдаса кIудияб талихI щибниги гьечIо ракьалда. Гьелъул къимат гьабулеб гьечIо нилъеца ракьалда. Хабар лъикIаб рагIайги.

--------------------------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG