МагъчIваялъе рес

Мисиралда байбихьана парламентиял рищиял


2013 соналъул риидал Мисиралъул президент МухIамад Мурси тIаса рехун хадусала тIоцересел парламентиял рищиял байбихьана гьеб улкаялда. БукIине буго гьезул кIиго раунд. ГьатIан къоялъ ва итни къоялъ рищиял тIоритIила I4 вилаяталда. КIиабилеб раунд букIине буго 22-23 ноябралда. Официалияб хIасил загьирабизе буго исана декабрь моцIалда. Мисиралъул рищарухъабаз 596 депутат вищизе ккола. Рищиял унеб мехалда гIадлу низам цIунизе буго 185 азаргогIан полициялъулас.

XS
SM
MD
LG