МагъчIваялъе рес

Америкалъул ва Россиялъул рагъулал идарабаз цадахъаб меморандум хIадур гьабулеб буго


ГIагардисеб заманалда Россиялъул ва Америкалъул Цолъарал Штатазул улкаби цIунулел министерлъабаз къабул гьабизе буго Сириялда цоцазе хIинкъаби кьолареб къагIидаялда кIиябго улкалъул авиация хIалтIизабиялда хурхараб меморандум. Рузман къоялъ Россиялъул Яргъид гIуцIарал къуватазул Генералияб штабалъул бетIераб оперативияб идараялъул нухмалъулев Андрей Картополовас Москваялда тIобитIараб брифингалда абуна киналго техникиял суалал дандран ругин.

XS
SM
MD
LG