МагъчIваялъе рес

Буйнакскалда депутатазулгун дандчIвай рагъ-кьалалде буссана


Рузман къоялъ Буйнакскалда ветераназул партиялъул депутатазулгун данчдчIваялде рачIарал гIадамал низам цIунулез резнал тIилацаги рухун нахъе рачахъизе хIал бихьанила. Халкъалдаги полициялъулаздаги гьоркьоб ккараб гьеб тунка-гIусиялъул чанго гIахьалчи къуваталъул идарабаз ккун вачунги анилан лъазабулеб буго гьеб тадбиралде щвараз.

16 октябралда ветераназул партиялъул депутатаз жидее гьаркьалкьуразулгун дандчIвай гьабизе бугин шагьаралъул администрациялъул данделъабазул рокъобилан абураб лъазаби тIибтIизабун букIана.

ГIадамазул жидедехун гIемерал суалалги, къваригIелалги ругин, гьез жидеда некIого гьарулеб букIанила дандчIвай гьабейилан абун, гьедин, халкъалъул масъалаби гьоркьоб лъезелъун, тIобитIизехъин букIанин гьеб тадбиралин абулеб букIана партиялъул вакилзабаз.

Гьеб я митинг гурила, я акция гурила депутатазулги халкъалъулги гIадатияб дандчIвай букIине кколаанила гьениб, амма гьелъул бакIалда шагьаралъул нухмалъиялъги низам цIунулезги рагъ-кьал гьабунилан абулеб буго гьез.

Гьеб дандчIвай байбихьилалде чанго сагIаталъ цебего шагьаралъул аслиял къватIаздаги, Буйнакскалде жанире рачIунел нухаздаги киса-кирего къуваталъул идарабазул хIалтIухъабиги, рагъулаб техникаги чIезабун букIанин, шагьаралде рачIунелщинал автомобилазул хал гьабулеб букIанин гьез, гьеб кинабго дандчIваялде рачIунел гIадамазе квалквалалъе гьабураб жо букIиналда ракIчIун буго депутатазул. Гьелго низам цIунулез шагьаралъул майданги сверун ккун гьениреги къазе риччалел рукIун гьечIо гIадамал.

Гьедин лъикI полициялъулалгун дагIбадун, гьелги нахъе цун халкъ аслияб майданалде борчIун буго, амма администрациялъул минаялъуре ун бажаринчIин гIадамазухъаги жидехъагийилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда ветераназул партиялъул вакил ГIумаров МухIамадица.

ГIумаров МухIамад: «Администрациялъул минаялъуре жанире унеб бакIалда цере къолдабиги ккун ярагъги борчун полициялъул хасаб къокъаялъул хIалтIухъаби чIун рукIана. Гьез я къватIиве я жаниве чи виччалев вукIинчIо. Ниж депутатал ругин, нижер ихтияр бугин администрациялъул данделъаби тIоритIулеб рокъоре ине ва гьениб гIадамазулгун данчдчIвай тIобитIизейилан депутатаз абуниги гьезухъ гIинтIамулев чи ккечIо.

Гьенире риччачIони шагьаралъул аслияб майданалдагIаги тIобитIилин данделъийин рукIана ниж, абулеб жо рагIизе микрофоналги колонкабиги лъуна, амма гьенив нижер чи кIалъазе виччачIо полициялъулаз. Майданалда бугеб сценаялде тIаде рахарал депутатал цо-цоккун гъоркье реххана гьез.

Гьелда ццин бахъун ахIи-хIур бахъинабизе лъугьана гIадамаз. Цо-цо гIолохъаби жалгоги лъугьана сценаялде рахинейилан абун, гьез жидер депутатал кIалъазе тейилан абулеб букIана. Гьедин лъугьаралги гIадалъ резнал тIилал кьабун хьуризаруна гьениса. Микрофоналги колонкабиги гъурана полициялъулаз».

Ахирги полицилъулаз аслияб майданалдаса нахъеги къотIун гIадамал шагьаралъул ахикь данделъун руго. Гьениб хIукму гьабун буго букIине кколедухъ ветераназул партиялъул депутатал хIалтIизе течIони, щибаб къойил митингал тIоритIизе.

Гьединго гIагараб заманалда автобус цIун гьел ветераназул партиялъул рахъккурал Москваялде Россиялъул президентасул администрациялде ине хIадурулел руго жидерго разигьечIолъи загьир гьабизе.

Гьединго гьеб данделъиялда гъорлъ гIахьаллъи гьабичIого букIинелъун гьелдаса цебесеб къоялъ полициялъул хIалтIухъабаз щибниги бичIчIизабичIого, кинаб букIаниги гIиллаги гьечIого ккун вуго Буйнакскалдаса журналист ГIарип Аримов.

Гьединго ветераназул партиялъул гIолохъанал депутатазулги рокъо-рокъоре рачIун низам цIунулез лъазабун букIун буго нужеца гьеб данделъи гьабугейин, гьабуни нужер гIемер проблемаби рукIине ругин абун.

Гьезул цо-цоязухъе полициялдасан хасал документалги рачIун рукIун руго гьеб нужеца дандчIвайин абун гьабулеб бугеб данделъи къануналде данде кколаредухъ тIобитIулеб митинг кколин. Нужеца гьеб тIобитIани диваналда цебе жаваб кьезе бугин нужеца гьелъухъилан.

Гьединго ветераназул партиялъул депутатазул разигьечIолъи буго исана 13 сентябралда рукIарал рищиязда гьез бергьенлъи босун букIаниги, жеги –жеги Буйнакскалъул мэр ХIусен ХIамзатовас хIатIизе толел гьечIолъи.

Гьезухъе гьал къоязда гурони щун букIун гьечIо шагьаралъул устав, гьединго шагьаралъул администрациялде жанире риччалел гьечIо гьел депутатал, депутатазул мажлисалъул бетIерлъун вищарав гьебго ветераназул партиялъул депутат Заур Шагьвердиевасе хIалтIпзе рукъ кьун гьечIо жеги гьениб.

Гьеб шагьаралъул устав кватIун гурони кодобе щвечIолъиялда базабулеб буго гьел церехун рехсарал депутатаз гьаб сагIат Буйнакскалъул вугев мэр ХIусен ХIамзатов хъулухъалдаса нахъе вахъеян тIалаб гьабиялъул ишги. Жидее бокьухъин нахъе вахъун бажаруларила шагьаралъул бетIер, къануналда рекъон гьев нахъе реххиялъе гIилла букIине кколила. МоцIида жаниб жидеца гьесул хIалтIиялъул халги гьабун гьеб суал роцIцIинабизе бугин лъазабулебги буго гьел депутатаз.

Гьанибго абизе ккола дагьал церегIан къояз цо-цо интернеталда ругел информ-сурсатаз баянаял тIиритIизарун рукIана Буйнакскалъул мэр ХIусен ХIамзатов Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас хъулухъалдаса нахъе вахъун вугин.

Амма чанцIулго ГIабдулатIиповас ХIамзатовасдаса разигьечIолъи официалияб къагIидаялъ загьир гьабун букIаниги, гьев Буйнакскалъул мэр хIалтIудаса вахъиялъул хIакъалъулъ информация хIакъикъияб батичIо. Гьединго ГIабдулатIиповас гьел ветераназул партиялъе Буйнакскалъул бетIерлъун тезе къваригIун вугев ГIусман ГIусмановги жиндие данде кколареблъи лъазабун букIана. Гьев ГIусманов гурого батIияв мэрасда жал разиял гьечIин абун чIун руго буйнакскалъул депутатазул мажлисалда 80% депутатазул бугеб ветераназул партияги.

XS
SM
MD
LG