МагъчIваялъе рес

ГIодоб бугеб жогийищ азда бихьулеб?


Dagestan- The flowers in memory
Dagestan- The flowers in memory

Иргадулаб макъалаялъе араб анкьил лъугьа-бахъиназул хал-шал гьабулаго интернеталда батана цо гIажаибаб, цIаларав пикру гьабизе тIамулеб хъвай-хъвай.

Хъвалеб буго ишалъулаб командировкаялъ Германиялде арав дагъистанияв, ГIахьвахъ районалдаса Абакар Абакаровас: «БакътIерхьул Германиялда бугеб Марбург абураб шагьаралда цо чIедераб нухда унаго халлъана асфальталда жанир рекъезарурал тIад хъвай-хъвагIаял ругел маххул къотIелал. Гьезул цоялда тохлъукьего хIетIе бан гIодов ккезецин вахъана. Цадахъ вукIарав гьудулас абуна гьел хъвай-хъвагIаял ругел къотIелазда немцаз абулеб цIар буссинабизе бегьулин «квекIеналъе лъурал ганчIал» (камни, об которые спотыкаются) абун.

Гьел къотIелаздаги рикIун ругоан немцазул фашистаз ХХ абилеб гIасруялда чIварал жугьутIазул, миллатчилъиялъул къурбаназул цIарал. ГанчIаца нугIлъи гьабулеб буго немцазул халкъ ккараб гъалатIалъе мукIурлъиялъе, гьез наслаби ахIулел руго умумузул гъалатIал такрар гьарунгутIизе, гьездаса нечезе, гьел ракIалда щвезе. ХIатта гьеб кинабгоги кIочон борхун бетIергун унев чи мех-мехалда гьезда бохги бан гIодов ккезе, тIуркIизавизе. Аралъул хIасилги, букIинеселъул хIисабги гьабизе тIамизе.

КигIан гIакъилаб гIадат, кигIан берцинаб мисал! Гьеб тавбуялъулъ ва рацIцIалъиялъулъ гьечIодай жакъасеб Германиялъул цебетIейги, тIадегIанаб даражаялъул гIумруги, араб гIасруялда анцI- анцI миллионаз халкъал гъураниги, тIубараб Европаялда рагъул кор боркьаниги, бидуца ракьал лъалъаниги хутIараб дунялалъ гьезул хIурмат гьаби ва дунялалда къадру.

Кинабго буго гьез босараб кьогIаб дарсилъ, гьез гьабураб тавбуялъулъ ва жакъа гьабулеб мустахIикъаб гIумруялъулъ.

«Гитлерил гьодида гьобо тирараб» гучаб СССР биххана, цIадудаса континент хвасар гьабураздаса цояб - Россия жакъа дунялалъе рихун руго. ГIурусаца абухъе, изгой лъугьун буго, кигIан гучаб ва кIудияб пачалихъ бугониги. Щай? Щайгурелъул доб немцазул гIадаб гIакъиллъиги, рацIцIалъиги, гъалатIаздаса тIаса лъугьинаризе лъайги, тавбу гьабизе иманги г1ечIого.

Жинца гьарурал такъсиразухъ, тIурал биязухъ, гъурарал халкъазухъ маххул къотIелал ва цIарал хъвазе Россия лъугьани, бащдаб дунял махх-мачIалъ цIелаанин ккола цо-цо мехалда.

Гали босизе рес букIинаро дунялалда. Киб бугеб бакI нилъер солдатас биял тIечIеб? ГIажаибаб хIалтIи, цониги такъсир, гъалатI, вахIшилъи, ахIмакълъи гъалатIлъун рикIкIинчIо жеги нилъер улкаялда. Гьелъул гIаксалда, тIурал биял бахIарчилъилъун бихьизабулеб буго. Пятигорскиялде Ермоловасе памятник лъолездаги, рагъда чIварал гIадатиял жугьутIазул цIарал жидер къватIазда рикIулел немцазулги хал гьабурабго бихьулеб буго кIиго халкъалда ва пачалихъалда гьоркьоб бугеб батIалъи.

Гьаб макъала дица хъвалаго рак1алде бач1ана президент В. Путинилгун бук1араб халкъалъул гара-чIвари. Гьалъул хIакъалъулъ бицине хIажалъи бихьуларо. Гьеб нужеда бихьана, рагIана, цIалана. Живго Путинил каламалъухъ гIенеккарабго ккола гьесдаса щулияб ва гIакъилаб бетIералъул нухмалъулев жакъа дунялалда дагь ватилин. ВатунгутIизеги рес буго.

Тамашаяб хIалтIи, дунялалъул микьил бутIа ракьул бугониги, гIорхъи тун гIемераб тIабигIияб бечелъи бугониги, хIикматаб тарих ва рухIияб къуват бугониги гьаб бичIчIизе захIматаб улкаялда кIвечIо мустахIикъаб гIумруги, инсанасул къиматги гьабизе. ГIумруялъул ва чиясул эркенлъиялъул къимат гьабизе.

Гьеле гьеб гIумру лъазе лъикI букIинаан фашистазда тIад бергьенлъи босун 70 сон тIубаялъул байрам т1обит1араб пачалихъалъе. ГIодор маххул къотIелал лъелаан гьарурал гъалатIазул ва тIурал биязул хIакъалъулъги хъван. Пайда щиб, гIодоргилъидал балагьулел гьечIо, кинабго зодосан буго.

Тавбуялъги, кантIиялъги, гIакълуялъги гурони, гIалам нухде бачунареблъи якъинаб жо буго. ГIодор ралагьулелани ал. Гъалбацовасул цо макъалаялъулъ лъаларо, харбилъ лъаларо, букIана цо гIажаибаб мисал гьабго темаялда хурхун.

Лъицаялиго бекьечIдерил годекIаниб гIодоб батараб цIорол кесек малаца кьабун нахъе реххула, гьал жалги рукIунаха нухдаян. АскIов вугев кIудияв чияс гьев гIолохъанчиясда абула: «ГIодоб бугеб жогийищ бихьулеб нужеда?» — ян. Бихьани лъикIан киназдаго: улкаялдаги, халкъалдаги, щивав инсанасдаги, гьелъулъ букIинаан хвасарлъи.

XS
SM
MD
LG