МагъчIваялъе рес

Human Rights Watch:Сириялда Россиялъул кассетиял бомбаби рилълъанхъизарулел руго


Human Rights Watch абулеб инсансул ихтиярал цIунулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъ лъазабуна жиндир рахIат хвезабулеб бугин Россиялда гьарурал кассетиял бомбаби Сириялда рилълъанхъизарун рукIиналъ.

Загьирабураб докладалда абун буго гьадинал бомбаби хIалтIизарун рукIанин 4-билеб октябралда Алеппо шагьаралда аскIоб бугеб Кафр-Халаб абулеб росдал сверухълъиялда гьавадул гьужум гьабулеб мехалдаилан.

ГIагараб Машрикъалъул суалазул рахъалъан Human Rights Watch гIуцIиялъул директор хисулев Надим Аурица абуна, кассетиял бомбаби гIадамазде данде хIалтIизари – халкъаздагьоркьосеб низамалде данде кколареб иш бугин.

2008 соналда хIадур гьабураб конвенциялда гъоркь 108 улкаялъ гъулбасал лъуна. Гьезда гъорлъ - Россия, Сирия, Цолъарал Штатал, СагIудиязул ГIарабия ва цогидал.

XS
SM
MD
LG