МагъчIваялъе рес

КамАЗазул бетIергьаби - 3 гъурщил магъалоялда данде


Исана 15 ноябралда байбихьун Россиялда цIикIкIинехъин буго рикIкIадаб манзилалъ къайиги баччун унел чIахIиял автомобилазул бетIергьабазда тIад лъолеб магъало. Цо километра рикIкIун 3 гъурущ ккола гьеб. Гьелдаса разилъи гьечIолъи бихьизабуна 14 октябралда МахIачхъалаялда къайи баччулел автомобилазул бетIергьабаз.

КамАз автомобилалда Москваялде нахъе къайи баччулев МухIамадица ЭР-ялъе бицана жидеца исана риидалги хIалбихьун букIанила, Дербенталда митингги гьабун, жидерго разилъунгутIи бихьизабизе. Амма гьелъ хIасил кьун букIинчIила.

Къануналъ тIалаб гьабулеб куцалда цо км-лъухъ 3 гъурущ кьезе жив разияв вугила, амма цо шартIгун – баччизе ихтияр бугелдаса цIикIкIун цIайиялдаса инкар гьабулеб бугони. Масала, цо-цо пачалихъазда гьелдаса инкар гьабун буго - бокьанагIан къайи баччизе изну буго автомобилазе.

Гьединго Россиялдаги гьабулебани, рикIкIад къайи баччулезул кинабгIаги тIадкIалъай букIинароанин гьеб къануналдайин абулеб буго ЭР-ялъе КамАзалъул бетIергьан МухIамадица.

МухIамад: «БокьанагIан къайи баччизе изну кьолеб бугони, гьеб 3 гъурущ кьей кIудияб жойищ бугеб? Гьедин гьабуни, дун бигьаго инаан КамАЗалда» тIад къайиялъул 40 тоннаги лъун. ХIакъикъаталдайин абуни, гьелъие бихьизабураб цIайи буго 22-25 тонна…

«ЦIадирабазул контроль» абун бакI-бакIазда лъурал постал руго. МахIачхъалаялдаса Москваялде щвезегIан ункъо-щуго бакIалда лъун буго гьеб. БукIине кколелдасаги цIикIкIун къайи батани, гIакIа хIисабалда 1000 гъурущ кьола, кIиазарго, яги 3-5 азарго гъурущ кьола нижеца. Гьедин «цIадирабазул контроль» абун тIаги хъварал Газелалда рукIуна шагьарал тун къватIир чIун.

Гьез абула жидее гьадигIанасеб гIарац кьейин, гурони, нужеда тIад протокол хъвалилан. ЦIикIкIун тоннаби тIад ратани, машинагицин нахъе бахъизе рес букIуна гъозул. Масала, Беларусиялда КамАЗ бахъула бетIергьанчиясухъа, яги 2-3 азарго доллар кьезе ккола гIакIадуй.

Гьединлъидал гьабсагIаталда киналго шоферазда хIинкъул унти ккун буго цIикIкун къайи босизе кIунгутIиялъ. Доба Москваялда МКАДалда лъун руго гьадал «цIадирабазул контроль» абурал Газелал…».

3 тоннаялдаса цIикIкIун къайи баччулеб бугони, лицензия босизе кколаан чанго соналъ цебе Россиялда автомобилазул бетIергьабаз. Гьанже Пачалихъияб Думаялъ гьелъие ахир лъуна. Гьелъие квербакъи, цо рахъалъ, Дагъистаналдаса ГIисалмухIамад Набиевасги гьабун буго. Гьев ккола лъидаго рачIел шоферазулгун даранчагIазул ассоциациялъул нухмалъулев. Дов цевехун рехсарав МухIамадицаго гIадин, ГIисалмухIамадицаги абулеб буго Россиялда ругила нухазда лъурал цIадираби.

Гьезда тIадги лъун автомобилазул бетIергьабаздаса магъалодуй бахъулеб гIарац унеб бугила цо хасал чагIазул чунтбухъе. Гьединлъидал пачалихъалъул чвантинибе кколеб жо цIакъго мукъсанаб бугила. Гьединан гьел цIадирабаздаса инкарги гьабун, бахъулеб батани гьеб 3 гъурущги хадубги, цинги гьеб гIарац улкаялъул шагьранухал къачIазеги хIалтIизабизе батани, гьеб цIакъ лъикIаб пикру бугоанила.

Амма батIайисан гьабулеб батани, гьеб кутакалда заралияб пикру бугила. ГIисалмухIамад Набиевасда лъикIаблъун бихьулеб буго гьеб гIарац, ай цо километра рикIкIун кьезе тIадаб 3 гъурущги хадубги, чIахIиял автомобилазул бетIергьабазда тIад лъолеб цогояб магъало хIисабалда кьезе. Амма гьеб ккола цогидаб магъало малъичIого кьезе кколеб гIарац.

Гьединлъидал шоферазул рахъалдасан кIудияб дандечIей бижизабизе рес бугин абураб хIинкъи загьир гьабуна ГIисалмухIамад Набиевас ЭР-ялъе.

Россиялъул президент Владимир Путинил гьудуллъун рикIкIунев бизнесмен Аркадий Ротенбергил вас Игорица нухмалъи гьабулеб идараялъул хIукму ккола гьеб – федералияб кIваралъул нухаздасан къайиги баччун унел автомобилаздаса магъалодуй жеги 3 гъурущги хадубги бахъи. «РТ-инвест транспортные системы» абураб идараялъ 13 соналъул болжалалда «Росавтодоралъулгун» къотIи-къай гьабун буго чIахIиял автомобилаздаса магъало бахъиялда хурхун.

ПалхIасил, руго гьеб хIукмуялда тIад рекъолелги. Масала, гьелъул рахъкколез абулеб буго 3 гъурщидаса цIикIкIунгицин босизе кколила чIахIиял автомобилаздаса магъало, щайин абуни нухазде тIураб хъилги тIетIезабун, гьез кутакалда зарал гьабулеб бугила нухазе.

XS
SM
MD
LG