МагъчIваялъе рес

Хасаб низамалъул хадубрагIи


Генуб росо
Генуб росо

Генуб росулъ 10 октябралда Терроралда данде чIараб режим лъазабураб заманалда изну гьечIого яргъигIуцIаралгун бухьен букIиналда щаклъи букIун ккун ун руго лъабго чи. Ккуразул гIагараз лъазабухъе, ккун рачун арал рухун руго Жанисел ишазул бутIаялда.

Унсоколо мухъалъул Генуб росулъа АрумухIамадов ПатахI, Шихамиров ХIусейн ва ХIапизов Гъайирбег ккун рачун анин 10 октябралда бакъанида, хасаб операция рагIалде бахъарабгойин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз. Росулъ щуго – анлъго чиясул рукъзабахъ банила чIухь, гьезда гъорлъ ккуразул рукъзалги рукIанила. Киналго ккуразул минабахъ чанго патрон батанила бараб чIухьалъул хIасилалдайин лъазабулеб буго гьез.

Ккурал гIолилал Унсоколо мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялда рукIин тасдикъ гьабулеб буго мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялда. Хасаб операция байбихьилалде, сверун ккураб минаялда сверухъ ругел рукъзабахъе кIетIолел рукIанила низам цIунулел, гIадамал гьениса нахъе рачине.

Гьеб сверун ккураб минаялъул бетIергьан, рокъов гьечIелдаса кIиго лъагIел сверулеб бугила, гьев ГьоцIалъ ГЭС балеб бакIалда хIалтIулев вуголъун. Хасаб операция тIобитIулеб параялъги гьев хIалтIулеб бакIада вукIанила. Гьениса вачIингун гьевги цIех-рехазде ахIун, гIемерал лазатбахъиял ругила гьесие.

ГIолилал кквеялда хурхун ахIвал-хIал мухIкан гьабулаго, ккурав ХIапизов Гъайирбегил яцалъ бицана, гьезие диван гьабунин ва гьезухъе ретIел ва квен босун араз бицаралда рекъон, гьел рухунги ругилан.

10 октябралда кьвагьа-гIанхъи байбихьидал гьенир цогидал къватIире рахъарал бихьиназдаго аскIов къватIив вукIанила Гъайирбегги, гьеб лъугIидал рокъове вачIунев вукIарав чи, бачIун автомашинаялда жанив къазавун вачун ун вугилв гьевин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Муъминат ХIапизовалъ.

Муъминат ХIапизова: «Рачун унаго вихьанин гьевилан абуна гIадамаз, кьабун вугиланги абуна. Гьеб къоялъ, къулгIадухъ вукIана гьев, гьеб кьвагьа-гIанхъи букIараб бакIаласа рикIкIад гьечIеб бакIалда йиго дун гIумру гьабун, гьеб къоялъ къвагьа-гIанхъи бахъиндал школалде лъималги инчIо, гIадмалго къватIир рахъун рукIана, бихьинал хъватIире рахъинчIогон рукIинищха, цинги гьев ПатахIгун цадахъ рачIунел рукIарал чагIи, пенсия босулел гIадамалги ругел бакIалда хъирщун, ккун рачун ун руго «Приора» автомашинаялда рекIинарун.

Гьесда тIад букIана хирияб куртка, гьебги бахъун ун буго. Квачалев вугин абун ретIел босун индал, вухунги вугин бицана. Гьев ХIусейн абурав вас кIиго лъагIелалъцин росулъ гьечIогон хIалтIуда вукIана. Гьес балеб букIана гьениб цIияб мина.

Гьениб гъоркьбакIалда лъел хIор гьабизе гьабураб бакIаги букIана, бункерилан абулаха, амма нижер гьаниб лъел къварилъи букIиналъ, гьедин рухъун гьарула насосалъ лъим къватIибе кьабизе бакIал. ГьабсагIат, щибго гIайиб гьечIев, жиндиро нухда унев вукIарав чи ккун ун вуго дир вац».

Гъайирбег ХIапизов кколев вуго араб соналда, Временный росулъ хасаб операция тIобитIулеб заманалда, араб бакI лъачIогон тIагIарав ХIапизов Султабегил вац. Султанбег ХIапизов, цогидав бакIалъул чи, Камилов МухIамадзагьидида цадахъ «Урал» машинаялъул рекIинарун унел рихьун руго. Жакъа къоялдаги гьев вугеб бакI лъалеб гьечIин жидеда, Путинихъе щунги кагъталги хъванин абулеб буго Муъминатица.

Амма жидерго чагIаздасан щвараб информациялда рекъон, жидер вац Шамильхъаялдаялда ккун чIезавун вугила.

Муъминат ХIапизова: «Нижер гьев Султанбегил рахъалъан хъварал кагъталги рукIана, Москваялде щунги хъван рукIана. Ккурав адвокатги вуго, амма гьесдасанги лъалеб жоги гьечIо. Цоял чIаго вугин гаргадун, цояв хун вугин гаргадун хвечIогон хутIун эбелги йиго, амма нижерго чагIаз абухъе, Шамильхъалаялда ккун вуго гьев».

11 октябралда низам цIунулез чIухь баялъул бицунаго, жиндир цIар рехсезе бокьичIей гIаданалъ баян гьабуна, щуго мина, рагъулал рачIун, гIадамал къватIире лъугьинарун чIороголъизе гьарунила, гьениб кьвагьулел алатал ратун ругин. Заманаялдасан, гIадамал рукъзабахъе тIадруссиндал, къайи-къоно тIагун батанила.

КинабгIаги кьвагьулеб алатги цониги минаялъуб батичIилан тIаде жубана гьей гIаданалъ. Унсоколо мухъалъул Генуб росулъе жанире къватIине риччалаго чанго соналъ хIалтIулеб буго хасаб режим. Щибав росулъ гIумру гьабун вугесул бугила жиндирго номер.

XS
SM
MD
LG