МагъчIваялъе рес

Малайзиялъул "Боинг" кьвагьизабиялъул доклад загьирабун буго


Нидерландабазул хIинкъи гьечIолъиялъул Шураялъ загьирабураб цIнх-рехалъул докладалда абун буго 2014 соналъул 17 июлялда Малайзиялъул авиакомпаниялъул «Боинг» кьвагьизабун бугин сепаратистазул контролалда гъоркь бугеб Украиналъул машрикъалъул территориялдаса, «Ракь-Гьава» тайпаялъул ракета биччан. Гьелъул хIасилалда 298 чи чIван вуго. Гьезда гъорлъ гIемерал лъималги.

Цолъарал Штатазул миллияб хIинкъи гьечIолъиялъул Шураялъул пресс-секретарь Нед Прайсица лъазабуна, гьеб бугин кIвар цIикIкIараб хIужа гIайибиял жавабчилъиялде цIазе рес кьолеб.

XS
SM
MD
LG