МагъчIваялъе рес

ГIатI ххине гьабихъе гьанже гьел риччай


Жакъа радал цо-цо информагенлъабаздаса щварал баяназда рекъон Избербаш шагьаралъул администрациялдаса къуваталъулаз документал тIалаб гьарулел рагIула. Официалиял баяназда рекъон документал рахъиялъе сабаблъун ккун рагIула ракьул суалал.

Лъалеб букIахъе гьенив шагьаралъул бетIерлъун вуго Дагъистаналда рикIкIунеб бищунго кIудияб финансовияб ва политикияб тухумалъул вакил, премьер ГIабдусамад ХIамидовасул вацгIал, ФОМСалдаса «Морякил» вац ГIабдулмажид Сулейманов абурав чи.

Республикаялда аслияб кланалъул демонтажалъул байбихьи бугин абуралги руго прогнозал. Гьаб «гьужумалде» щвезегIан жеги моцIица цебего цо-цо экспертаз бицунеб букIана ХIамидовазул тухумалда тIад зоб кьерххунеб бугин. Гьелъие тIоцебесеб сигналлъун букIана МахIачхъалаялъул мэрлъиялдаса МухIамад Сулейманов (Моряк) ват1а гьави ва хадув гьев Москваялъ ФОМСалъул нухмалъулевлъун тасдикъ гьавунгутIи.

КIиабилеблъун букIана ГIабдусамад ХIамидовас хъулухъалда тарав финансазул министр хъулхъалдаса ин ва хадурго хIукумат гIодоб чIезе бугин тIиритIарал харбал. Лъабабилеб букIана МахIачхъалаялъул мэрлъун ГIабдусамад ХIамидовас тарав Муса Мусаевги хисун живго ХIамидов вачIине рес бугин тIиртIарал харбал. ЛъагIелалъ цебе гьеб цебе тIамизецин кIолароан г1адамазда.

Гьелдасаги цеве Саид Амировги, Хизри ШихсагIидовасул васги вертолеталда вачун унев цеве тIамизе кIвечIеб гIадин. Лъалеб букIахъе МухIамад Сулеймановасда хурхарал ишал ГIабдулатIиповас тIад къан букIана Хизри ШихсагIидовасда. Гьеб сабаблъун гьезда гьоркьоб республикаялда рагIараб питнаги ккана. Хадув Сулеймановги нахъе ана, гьоркьоб заман инелде ШихсагIидовасул васасда хадуб вертолетги бачIана.

РукIана тIиритIарал харбал ШихсагIидовазда данде къуваталъулал Морякица гьусанин. БитIараб гьереси нилъеда лъаларо, гьедин батани жакъасеб къуваталъулазулаб «чабхъен» хизрил заказищха кколеб бугеб? Ялъуни гьезда гьикъулеб жого гьечIого пачалихъалъ азие ахирищ лъолеб бугеб? Кинаб роль гьаб политикаялъулъ бугеб ГIабдулатIиповасул? Гьес банкаялъуре реххарал гIункIкIал гIадин жалго жидеца гъуризейищ ал тIамулел ругел?

Ялъуни лъутун унареб хIалалъ кIудиял хъулухъаздаги тун къуваталъулаздейищ ишара гьабулеб бугеб? Президентасул хъулухъалде вачIарабго гьес абун рукIарал рагIабазул хIисаб гьабе. «Дида цере рукIарал киналго бутIрул кланаз кванана, гьезулгун хIал рекъезабизе, гьезул сверухълъиялде адаптация гьабун. Дун вачIун вуго жибго сверухълъи хисизабизе…»

Дун вачIун вуго «сверухълъи хисизабизе» абураб жоялъул хIасил гуродай гьаб? Ялъуни федералаз асда дандго бачIого гьабулеб жойищ? Суалал… суалал…

Нуж ратила чIван къотIарал баянал кьечIого щай суалал лъолелин. Щай гурелъул гьал суалазе жаваб кьезе кIолев чи цониги гьечIо жакъа Дагъистаналда. Гьелъ ахIулев вуго цIалдолевги хIисабазде ва суалазде, жаваб балагьизе.

Бицанщиналдаса нилъеда лъалеб жо буго федералазул кьабиялъги, жидерго дандеккунгутIиязги Дагъистаналда унеб бугин кланазул жидедаго гьоркьоб ва федералазул гьездехун рагъ. Ине биччан теха… Ал жидедаго гьоркьор рагъиялъул ургъел нилъеде, ай гIадатияб халкъалдехун кколларелъул.

Нилъеда гьикъун гурелъул гьез миллиардаз гIарацги, нус-нус рукъзалги, къватIир улкабазда магIишатги, гIарац-месед, жавгьар-якъут босулеб букIараб. ГIарац бикъулеб ва ришватал росулеб мехалда гьел лъикIаб гьудулъиялда рукIана. Жижедаго гьоркьор ригьналги, цоцада тIаде хьвадиги, гьарулел баркиялгун, бертабиги, нухда ватарав гIадатияв дагъистаниясдехун гьардухъанасде гIадаб гIамал кIудияб балагьиги. Цадахъ цIогьодарал гIадин цадахъ хъулухъалдасаги ине риччай.

Гьезул пашманлъи нилъергун гIахьалаб гьечIо, гьез нилъедехун роххел ва бикъараб гIарц гIахьал гьабичIеб гIадин. ЛъикI букIинаан гьезиеги нилъееги, тIубан Дагъистаналъегун улкаялъеги намусалъул ва законалъул нухдаса гьел хIалтIун рукIаралани. Гьелъул бакIалда рукIана «понятияби» абурал жал щибаб гьеб хъизамалда.

Жакъа гIурус законалъулгун понятиябазул разборкабазда ругел гьезда гьоркьор къол щуябго какги бан, харжица хъизанги хьихьун, кьунщиналда щукруги щванщиналда реццги гьабун ругел гIадатиял дагъистаниял щиб гьабизе? МагIарулаз абухъе, гIатI ххине гьабихъе гьанже гьел риччай, гьеб «гIатIги» сурав босулаго кьолел жавабал рукIина. Закон лъикI лъаларого цIакъго чIахIаго «ххунин» гьезинги рагIана. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG