МагъчIваялъе рес

Кутакаб хехлъиги, хашал нухалги


12 октябралда Дагъистаналда автомобилалъ авария гьабиялъул хIасилалда хвана ункъо чи. Гьезул кIигоял ккола полициялъул хIалтIухъаби. 2015 соналъул август моцIалде щвезегIан Дагъистаналда автоавариялъул хIасилалда хун вуго лъабнусгогIан чи. Кинаб бугеб бищун кIудияб гIилла Дагъистаналъул нухазда авария ккеялъе?

12 октябралда Дагъистаналъул батIи-батIиял мухъазда ккараб автоавариялъул хIасилалда къадаралде щвана ункъо чи. Гьезул кIигоял рукIана полициялъул хIалтIухъаби.

Талат радакь сагIат щуго тIубараб гIужалда ХIебдаса ЛъаратIе унеб шагьранухда 30 метралъул борхалъи бугеб бакIалдаса гъоркье бортун буго «Лада Приора» автомобиль. Гьелда жанир рукIарал лъабго чи гьезда гьоркьор лъимергун чIужугIадан ва автомобиль бачунев вукIарав полициялъул хIалтIухъанги къадаралде щун руго.

ХутIарал кIигоял лъукъун азарханаялде щун руго. Абулеб буго авария ккараб заманалъ полициялъул хIалтIухъан хъулухъалда вукIун гьечIилан.

Гьебго къоялъ радал хеккого Каспийскалде унеб шагьранухда нухул ракьанда букIараб хIоболъ речIчIун авария гьабун буго Лексус автомобилалъги. Гьелъул рулалда нахъа вукIарав Дагъистаналъул транспорталъул полициялъул хIалтIухъан 22 сон барав МухIамадхIабиб Нестуров къадаралде щун вуго.

2015 соналъул январалдаса август моцIалде щвезегIан Дагъистаналда ккун буго 850-саги цIикIкIун автоавария. Гьелъул хIасилалда хун вуго 270 чи, лъукъун вуго 1150 гIанасев чи. Цебесеб соналъул гьебго заманалде дандеккун гьеб къадар цIикIкIун бугин 40 проценталъилан абуна исана августалда гьеб суал гьоркьоб лъураб данделъиялда, Дагъистаналда нухазда хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъул нухмалъулесул ишал тIуралев Тарлан Герейхановас.

Аслтяб куцалда Дагъистаналъул нухазда автоавариял кколел ругин автомобиль бачунез хехлъи цIикIкIинабулеб букIиналъилан бицана жиндир цIар бицине бокьичIев, нухазда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул хIалтIухъанас.

ГИБДД –ялъул хIалтIухъан: «60-70 процент авариязул кколеб буго гьеб гIиллаялдалъун. Автомобиль бачунез миллат гьабулеб гьечIо нух сверун лъураб чалиялъулги, хехлъи цIикIкIинабизе бегьуларилан лъазаби тIад хъварал игIланазулги сундулниги гьез хIисаб гьабулеб гьечIо. Гьеб ахIвал-хIал хисизабиялъе гьабулеб хIалтIи гIей гьечIеблъун буго жакъа.

Гьелда жаниб цебетIей лъугьине ккани дир хIисабалда бищунго цIакъ кIвар кьезе ккола профилактикиял тадбиразде. ВахIшиял автоавариял ккараб бакIалдаса суратал ва видеороликал тIиритIизаризе ккола интернет-сурсатазда. ГIадамаз пикру гьабизе, гьадинаб жо ккечIого рорчIизе гьез хIаракат бахъизе. Гурони цоялдаса цоял ракIгъанцIизабулел автоавариял цIикIкIине руго республикаялда».

МугIрузул мухъазда автоавариял цIикIкIиналъе бищунго кIудияб гIиллалъун нухал хашаб куцалда рукIин бихьулеб буго гIемерал соназ автомобилалда хIалтIулев Шамил мухъалдаса ХIажиев Увайсида.

ХIажиев Увайс: «Масала лъебелатIе унел руго нухал руго цIакъ санагIат гьечIел, свералаби руго гьенир цIакъго санагIалъи гьечIел. Гьебмехалъ аварияги цогидабги ккечIого гьениб букIиниш?

Гьенир свералаби руго гIурухъехун регарал, цIакъ хIинкъарал нухал руго гьенир. Хъил тIун буго гьел шагьранухазде, гьединал нухазда хехлъи цIикIкIинабичIого хутIуларо, амма рагIа-ракьанде щибниги жо рекъезабун гьечIо, нагагь автомобиль хъущтIун ани гьеб кквезе букIине».

Гьединго автоавариял гIемерлъиялъе квербакъулеб бугин жеги лъикIалан автомобиль бачине куцачIел гIолохъабазгиян абуна Увайсица

Аслияб куцалда нухазда автоавария гьабурал автомобиль бачунезда гьоркьор ругин цIакъго гIолохъаналги цIикIкIараб ригьалъулги чагIиян абуна хадубги «Эркенлъиялъе» нухазда хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хIалтIухъанас.

XS
SM
MD
LG