МагъчIваялъе рес

ГIакълуялъ бичIулареб ва гIаршиназ борцунареб…


Каспий ралъад. Россиялъул рагъулаб гама. 2015 соналъул 6 октябралда бахъараб сурат.
Каспий ралъад. Россиялъул рагъулаб гама. 2015 соналъул 6 октябралда бахъараб сурат.

Россиялъул авиациялъ Каспи ралъдалъа Шамалде риччарал ракетабаздаса чIухIарал гIадамал гIемер руго улкаялда. ДандчIвала гьел Дагъистаналдаги. Амма дагьабниги пикру гьабулев чиясе якъинаб жо буго бокьараб рагъ гIемераб баракат гьечIолъи, хвел, магIу, къварилъиги босун бачIунеб жо букIин.

КIоларо нилъеда чияр магIида ва бида тIад нилъерго талихI ва рахIат эхетизе. Россиялъ жидеего хIинкъигьечIолъи цIуниялъул мурадалда доре ракетаби ритIулел ратаниги гIалам гьаглъизе кколаро гьелдаса чIухIун ва роххун. Гьеб буго цо хасаб халкъалъул талихIкъосин ва бокьараб лахIзаталъ дунялалъул бокьараб улкаялда лъугьа-бахъине рес бугеб жо. Жакъа президент В.Путинил рейтинг 80 проценталдаса цIикIкIун рагIула.

Хасго гьеб бахана кваркьаби ругел ракетабаца ИГИЛалда кьаби щвезабиялда хурхун. Лъалеб жо буго гьеб заманаялъул эффект букIин. Гьоркьоб заман арабго жамгIияталъул власталдехун цIиял суалал ва тIалабал рукIина, Шамалда рагъул кинаб хIасил кканиги. Гьебго эйфория, роххел, улкаялдаса гIорхъолъа араб чIухIи гIадамазда гьоркьоб букIана Югалъулаб Осетиягун Абхазия Гуржистаналдаса батIа гьабунинги.

Дол къоязда Пекиналда тIобитIулеб Олимпиадаялдаса цIикIкIун бицунеб жо букIана Саакашвилида галстук чIамизабунин, унго нилъер бугеб гучаб пачалихъги, гIакъилаб нухмалъигиян. Араб соналъ Украинаялдаса Крым тIезабиялъул роххел бицун бажаруларо. Гьоркьоб заман арабго гIадамазда чIалгIана «Крым наш» слоган ва цохIого хабар. Гьеб ахIвал-хIалалда роржана Шамалде ракетаби.

Хал гьабураб мехалда власталъе жиндирго къадру, халкъалъ рахъкквей ва божилъи загьир гьабиялъе чара гьечIого хIажалъулел руго рахъ-рахъалде роржунел ракетаби, танкалгун, аскариял ва «жидеего бокьун» нилъеда гъорлъе рачIунел халкъал ва ракьал. Квешаб жони гьеб таиларо, кIудияб, рагIа-ракьан гьечIеб улка бокьун батила. Амма гьеб халкъалъул рокьи жидедехун бижизабулеб къагIида буго дагьаб санагIат гьечIеб.

Кида аз власталъул къадру мустахIикъал харжаздалъун, хутIаразда релълъарал пенсияздалъун, гIадамазулазда релълъарал автомобилазда ва хутIараб техникаялдалъун, ратIлидалъун, кванидалъун, сахлъицIуни ва лъайкьеялдалъун, социалиял льготабаздалъун ва анцI-анцI цогидал ишаздалъун бижизабилеб? Ялъуни гьеб кIвар бугеб жоголъунищ Россиялъул халкъалда ва власталда бихьулареб?

Кида дунялалда рикIкIунеб ядернияб къуват бугеб пачалихъ нухмалъиялдеги, гIумруялъул шартIал чIезариялдеги, мустахIикъаб гIумру гьабиялдеги бачIинеб? ХIХ гIасруялда гIурус пачаяс жиндир васасда абулеб букIун буго: «Россия агропромышленияб пачалихъ гуро, нилъ руго империя… Империя, жиндир цIар бахъарабго цIорораб гIетI дунялалда базабулеб» - ин. Гьеле гьеб хIалалдаса чIухIун, гьелъухъ хисун эркенлъиги, чилъиги, чедги кьезе хIадурун чIун буго улкаялъул цIикIкIунисеб халкъ.

Аслияб жо буго жанир нилъги, къватIир хутIарал халкъалги хIинкъизари. Гьеб хIакъикъат ва гIурус халкъалъул милияб хаслъи бичIчIун буго живго В.Путинидаги. Гьес гIакъилав нухмалъулесул нухда ун халкъалъе рекъараб гьабулеб буго политика. БатIияб нух кинго батулеб гьечIо Россиялда. Кин букIараб гIурус классик Тютчевасул? «Россия гIакълуялъ бичIчIизеги бичIчIуларин, гIаршиналъ борцизеги борцунарин…» абун гурищ? Гьесдасаги мухIканго Россиялъул рахъалъ абуна Расул ХIамзатовас ХХ гIасруялъул ахиралда.

«…ГIезегIан кIудияб ракьги буго дур -

Рукьбузе гьарзаяб, рокьуе дагьаб.

КIудияб, бечедаб халкъги буго дур-

Хвел гIемер бихьараб, гIумру дагь лъараб.

Щив пача щваниги гьесий чIвалеб хъат:

«ЧIахъаги, чIахъаги, чIахъаги!»- йилан.

Гьес тах тараб мехалъ хьвагIулел тIилал

«Т!агIаги, тIагIаги, тIагIаги!»- йилан.

Щибаб халкъалъул жиндирго хаслъи, жиндирго тарих ва къисмат, гьелда рекъон сверулеб буго гIасрабазул гьоко, хъвалеб буго тарих, гIолеб ва унеб буго гIалам. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG