МагъчIваялъе рес

СагIудиязул Гарабиялъ Россиялде ахIи балеб буго


Россиялъ Сириялда байбихьараб рагъулаб операциялъул кIудияб хIинкъи кьолеб хIасил букIине бегьула ян лъазабуна СагIудиязул ГIарабиялъул вакилзабаз жидерго Россиялъул коллегабазде гьатIан къоялъ. Гьединаб операция байбихьун хадусала тIолго дунялалдаса радикалиял къеркьейчагIи рагъде руссине рес бугин, абуна гьез. Ва тIаде жубана – СагIудиязул ГIарабиялъ Сириялъул гIодобе биччараб оппозициялъе нахъеги жиндирго квербакъи гьабизе бугин.

СагIудиязул Гарабиялъ Россиялде ахIи балеб буго коалициялде гъорлъе жубан, «Исламияб пачалихъалде» данде къеркьей гьабиялде. Башар Асад ракълилаб къагIидаялда хъулухъалдаса нахъе ине ккола, ян лъазабуна СагIудияз.

XS
SM
MD
LG