МагъчIваялъе рес

Ираналъ хIалбихьи гьабун буго халатаб асаралъул рекетаялъул


ГьатIан къоялда Ираналъ лъазабуна халатаб манзилъул асаралъул ракетаялъул хIалбихьи гьабиялъул хIакъалъулъ. Киб гьеб хIалбихьи гьабурабали лъазабулеб гьечIо.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул мажлисалъ, Ираналъул ядерияб программаялда хурхун къотIи-къай гъулбасараб мехалда, Тегеран ахIун букIана бокьараб ядерияб ярагъ баччизе бажарулеб, ай, баллистияб траекториялъул ракетабазул хIалбихьи гьабиялдаса инкар гьабиялде.

XS
SM
MD
LG