МагъчIваялъе рес

Белорусалда тIоритIана президетасул рищиял


Белорусалъул рищиязул комиссиялъул лъазабиязда рекъон, президентасул рищиязда гьаркьал кьеялъул процесс букIана гIуралъ жигараб.

Пачалихъалъул бетIерасул хъулухъалде кандидатазул сияхIалда вуго гьанжесев президент Александр Лукашенко, Лебералиябгун демократияб партиялъул лидер Сергей Гайдукевич, «БитIараб бице» абураб гражданияб кампаниялъул вакиль Татьяна Короткевич ва Белорусалъул патриотияб партиялъул нухмалъулев Николай Улахович.

Гьаркьал кьеялъул процессалда хадуб хал ккун букIана 900-ялдасаги цIикIкIун халкъаздагьоркьосел тоххалчагIаз.

Шамат къоялда «Эркенал ва ритIухъал рищиязухъ» абураб ахIигун тIобитIараб оппозициялъул акциялъул лидераз гьаркьал кьолел ахIун рукIана президентасул рищиязул бойкоталъул рахъ кквеялде, гьел рищиязул хIасил цебеккунго лъалеб букIиналда бан.

Александр Лукашенкоца Беларусалъул нухмалъи гьабулеб буго I994 соналдаса байбихьун.

XS
SM
MD
LG