2015 соналъул Нобелил ракълил премия бихьизабун буго Тунисалъул миллияб диалогалъул къокъаялъе. Нобелил комитеталъул лъазабиялда рекъон, президент ГIабидин Бен ГIали тIаса рехараб Жасминалъул революциялда хадуб Тунисалда демокртаияб плюрализмалъул система гIуцIиялъул ишалда гьеб группаялъул букIун буго аслияб роль.
Миллияб диалогалъул къокъа гIуцIун букIана 2013 соналъул сентябралда ункъго гIуцIиялъ – Тунисалъул промышленносталъул, дармил ва махщалилазул конфедерациялъ, Тунисалъул профсоюзазул мажлисалъ, Инсанасул ихтияразул лигаялъ ва Тунисалъул юристазул миллияб ассоциациялъ.