Левада-централъ гьабураб гьикъи-бакъиялъул хIасилаз бихьизабухъе, россиялъулазул бащдаб гIанаб къадар хинкъун буго Россия Сириялъул конфликталде гъорлъе лъугьин кIиабилеб Афгъанистаналде буссине бегьиялда хурхун.
Россиялъул 72 проценталда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялдаса кIудияб хIинкъи бихьулеб буго ва гьез битIараблъун рикIкIунеб буго гьелде гьаваялдаса кьабиял щвезари.