МагъчIваялъе рес

Хъвадарухъан Светлана Алексиевич – Нобелил премиялъул лауреат


Хамиз къоялда Стокгольмалда Нобелил комитеталъ 2015 соналъул литератураялъул рахъалда Нобелил премиялъул лауреатлъун лъазаюна Белорусалъул хъвадарухъан Светлана Алексиевич.

67 сон барай Светлана Алексиевичалъ жиндирго асарал хъвалел руго гIурус мацIалда. Гьей ккола КIудияб ВатIанияб рагъалъул, Чернобылалъул катастрофаялъул ва цогидал темабазул бицунеб прозаялъул автор. «Гьей ккола машгьураб «Руччабазул рагъалъул гьумер гуро», «Цинкалъул лъимал», «Сэконд гьенд заман» абурал асаразул автор.

XS
SM
MD
LG