МагъчIваялъе рес

«Хваразулгун рагъ» такрарлъун буго МахIачхъалаялда


Кинабниги 15 зани бегизабун буго, гьал къоязда, МахIачхъалаялъул насраниязул хабзалалъ. ГIадамазда гIурусазул хабзалин абун лъала гьеб шагьар бакьулъ бугеб бакI. Гьел заназул гIемерисел къачIан рахъун руго, амма къачIан бажарулареб хIалалда ругелги руго цо-цо. Гьел хабзалазда гьоркьор руго кIудияб ватIанияб рагъул гIахьалчагIазулги, ветераназулги хабзалги. 1942 соналда рагъда чIван вачIарав солдатасул заниги бегизабун буго гьел вандалаз.

Хабзалазул администрациялъул баяналда рекъон 6 октябралъул къаси ккун буго гьеб лъугьа-бахъин. АрбагI къоялъул радал батанила жидеда гьел гъурарал ва регизарурал заналин абулеб буго гьез. Къаси-къаси гьел хабзалазда хадуб халкколев, гьеб мухъ цIунулев чи вукIунев гьечIо.

Гьединлъидал жидеего бокьа-бокьарал чагIи лъугьунила гьенире жанире ва хванщинаб иш-пишаялда рукIунин гьел гьенирилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе хабзалазул адмиинстрацияъул хIалтIухъан Салаватов СагIидица.

Гьесул рагIабазда рекъон Дагъистаналъул къуваталъул идарабазда лъазабун буго гьез хабзалалъ лъугьа-бахъаралъул хIакъалъулъ.

СагIид Салаватов: «Нижеца гьаниб ккараб-таралъул хIакъалъулъ полициялде лъазабурабго, гьеб сагIатаалдаго щвана гьанире къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби. Гьанже къаси-къаси гьаниб хал-шал гьабула гьез. КидаллъагIан гьел гьанир дежурствоялда рукIинелали лъаларо. Квеш ккараб жо буго гьанив къаси гьаб мухъалъул тIалаб-агъаз гьабулев, гьаб цIунулев хIалтIухъан гьечIолъи нижер. Гьединав чи хIалтIизе восизе рес гьечIо нижер.

Дун гьанив къад гурони вукIунаро. 9 нух буго хабзалалъе, гьел киналго къанги бажаруларо. Къан, рахан тараб бакIалдасан тIасан кIанцIун, яги чIимгIабиги гъурун жанире лъугьун ратула гьанире гьекъолдухъаби. Киса –кибего гьаб мухъ шушбузулги кьищни-къулалъулги цIезабун батула гьез радалалде. Щибаб нижер хIалтIул къо гьезда хадуб хъублъи бакIариялдасан байбихьула. Гьел занал гъурулел, гьел регизарулел чагIи руго гьанир готалги, наркоманалги.

Дун гьанив хIалтIилев вугев анцIго соналда жаниб гIурусал рукъун ругеб гьаб рахъалда жеги гьабун букIинчIо гьединаб гIорхъолъа араб иш. 6-7 соналъ цебе гьабго хабзалалъ ругел жугьутIазулги армяназулги хобал пасат гьарун, занал гъурун ратун рукIана. Гьеб мехалдаги щивго кквезе щун вукIинчIо. Цойги кIудияб балагьлъун рукIана гьал хабзалазе кьер-кьераб махх бакIарулел чагIи. Гьез хабзалазда чIварал хъанчал рахъун, пасалъи гьабун батулаан гьаниб. 2008 соналъ гьезул къокъа кквезе щун букIана нижехъе».

Гьединго СагIидица бицана хамиз къоялде гьел гъурараз заназул гIемерисел къачIан рахъанилан. Гьел цIигьариялъул хIалтIаби хабзалазул администрациялъ ккурал хасал хIалтIухъабаз гьарулел ругила, гьезие хIажатабщинаб шагьаралъул администарциялъги чIезабулеб бугилан. Гьезие кумекалъе «Я помощник президента» абураб гIолилазул жамгIияб гIуцIиялъул вакилзабиги рачIун рукIанин бицана гьес.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабулеб буго гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун цIех-рех унеб бугила гьаб сагIат, гьелда бан такъсиргьабиялъул иш рагьиялъул суалалалъул халгьабулеб бугиланги. Чанго соналъ цебе гьебго хабзалалъ жугьутIазул занал гъурун ратун хадуб жамгIияталъ гIемераб ахIи-хIурги бахъинабун такъсиргьабиялъул иш рагьун букIана низам цIунулез, амма гIайибияв ккун вукIинчIо.

Дагъистаналдаса журналист Яна Мартиросовалъул ццин бахъун буго МахIачхъалаялъул администрациялда гьеб хабзалалъ гъалмагъир гьабиялъул хIужаби чанги-чанги нухалъ ккун рукIиндал, гьел такрарлъичIого рукIиналъе хIалтIи гьабулеб гьечIин абун. ТIокIаб жо гьабичIониги къаси гьенив хал-шал гьабизе хъаравулгIагийищин кквезе бегьуларевилан абулеб буго гьелъ.

Яна Мартиросова: «Cон социалиял сайтазда гьел занал гъурун рукIиналъул хIакъалъулъ баянал рихьараб мехалда дир абизе рагIи хутIун букIинчIо. Гьеб буго гIадамаз гьабизе бегьулеб бищун кIудияб инжилъи. Дида гьеб кутакалда захIмалъана, щай гурелъул гьаниб дир гIагарлъиги букъун буго. Цониги зани цIунун гьечIин абизе бегьула, бокьаралда бихьизе бегьула жакъа гьал цоязда бихьараб къо.

Дица гьаб иш гьабурал чагIазул яхI-намусалъул яги диниял бербалагьиязул цIарго бахъиларо, бичIчIулеб жо буго цIодорав чи, щиб мурадгун гьес гьеб гьабулеб букIараб батаниги, ганчIалгун заналгун вагъизе вахъунареблъи. Дица цохIо тIалаб гьабулеб буго гьеб иш гьабурал чагIазе тамихI гьабеян, щай гурелъул гьеб ккола унго-унгояб такъсирчилъи, гьел руго вандалал».

Гьанибго абизе ккола Исламалъги гьедин цойгидаб диналъул гIадамазул хабзал хвезари кутакалда какун бугилан.

XS
SM
MD
LG