КватIичIого ГIиракъалъги хитIаб гьабизе бегьула Россиялде террористияб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде данде къеркьеялъул рахъалда жиндиего квербакъи гьаби.
Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна, ГIиракъалъул парламенталъул улка цIуниялъулгун хIинкъигьечIолъиялъул комитеталъул бетIер ХIаким аль-Замилица.
Парламентарияс лъазабулеб буго жидерго территориялда экстремистазул позициязда Россиялъ авиакьабиял щвезаризе бегьиялъул хIакъалъулъ.