МагъчIваялъе рес

СШАялъ инкар гьабулеб буго Сириялда хурхун Москваялъулгун гьоркьорлъаби гIуцIизе


Америкаялъул улка цIуниялъул министр Эштон Картерица лъазабуна Цолъарал Штатал разилъуларин Сириялда хурхун Россиялъулгун цадахъал галаби гьаризе, гьениб Россиялъул стратегия цIакъ мекъаб букIин сабаблъунин.

7 октябралда Рималда кIалъалаго, Картерица цIидаса Россиялде гIайиб гIунтIизабуна гьелъ жиндирго кьабиял «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул позициязда щвезарулел гьечIин абураб ва гьеб гали «кьучIияб гъалатIги» кколин, жубан буго министрас.

Аммайин, лъазабуна гьединго гьес, Цолъарал Штатал хIадурал ругин Москваялъулгун пилотазул хIинкъигьечIолъиялда хурхарал техникиял консультацияздейин.

Гьебго заманалда РИА Новости агентлъиялъ кьуна Улка цIуниялъул министрасул пресс-секретарь Игорь Конашелкол рагIаби. Гьес лъазабун буго, теророристияб гIуцIиялъул позициязда хурхараб информация кьеялдаса Вашингтоналъ инкар гьаби кколин «халкъаздагьоркьосеб терроризмалде дандечIеялъул суалалда цIадахъаб хIалтIи гьабизе инкар гьабиялъе Цолъарал Штатаз багьана балагьулеб букIиналъул ишарайин».

XS
SM
MD
LG