МагъчIваялъе рес

Физикаялъул рахъалъан Нобелил премиялъул лауреатал руго Канадаялдасаги Япониялдасаги


Канадаялдаса ва Япониялдаса гIалимчагIи Артур Макдональд ва Такааки Каита лъазаруна физикаялъул рахъалъан 2015 соналъул Нобелил премиялъул лауреаталлъун.
Гьезул гIелмияб хIаракатчилъиялъ дунял-гIалам лъазабиялъул ресал дагьалъги гIатIилъизарунин, лъазабулеб буго комитеталъул документалда. Премияби кьеялъул официалияб церемония тIобитIизе буго 10 декабралда.
Лауреатазе кьезе буго 950 азарго долларалъул шапакъат.

XS
SM
MD
LG