МагъчIваялъе рес

Лъазаруна Нобелил премиялъул тIоцересел лауреатал


Физиологиялъулгун медицинаялъул рахъалдаса Нобелил премиялъул лауреаталлъун лъазаруна Ирландиялдаса, Япониялдаса ва Китаялдаса гIалимчагIи Уильям Кэмпбелл, Сатоси Омура ва Ту Юю. Гьезие премия кьун буго инфекциялъул унтабаздаса сах гьариялъул къагIидаби ралагьиялъул сфераялда щварал бергьенлъибазухъ.

Гьелъул хIакъалъулъ итни къоялда лъазабуна Стокгольмалъул Каролинил интитуталда бугеб Нобелил Комитеталъ.

Комитеталъул лъазабиялда рекъон, Нобелил премиялъул къадар кколеб буго Швециялъул кронаялъул 8 миллион, ай, 960 азарго доллар.

ГIагарисел къоязда лъазаризе руго цогидал сферабазда Нобелил премиялъул лауреатазул цIаралги. Ракълил рахъалдаса Нобелил премиялъул лауреатасул цIар лъазабизе буго Ослоялда 9 октябралда.

XS
SM
MD
LG