МагъчIваялъе рес

Донбассалда фронталъул мухъалдаса нахъе къалел руго рахъал


Украиналъул рагъул къуватаз ва Донбассалъул сепаратистаз байбихьана фронталъул мухъалдаса гьитIинаб калибралъул ярагъ хIалтIизабулеб рагъулаб техника нахъе цIазе.

Украиналъул рагъулазул вакил Руслан Ткачукица лъазабуна, кIиябго рахъалъ цого заманалда байбихьанин техника нахъ бачине Луганск областалда. Бицен гьабулеб бугин танказул, танкабазде данде хIалтIизабулел гIарадабазул, минеметазул ва цогидалъулин.

Луганскалъул сепаратистазги гьединаб хIужа тасдикъ гьабулеб буго.

Гьединабго гали гьабизе хIадурлъулел руго Донецкалъул сепаратисталги.

XS
SM
MD
LG