МагъчIваялъе рес

КIудияб Британиялъ СагIудиязул ГIарабия рахIму-цIобалде ахIулеб буго


КIудияб Британиялъ СагIудиязул ГIарабиялдехун буссун, ахIи балеб буго диваналъ гIолохъанав шиитасе гьабураб къотIи нахъе бахъиялда.

ГIали аль-Нимрасул бетIер къотIизе хIукму гьабуна махIкамаялъ гьесда батIи-батIиял гIайибал чIван. Хасго низам биххиялъул акциязда гIахьаллъи гьаби, пачалихъияб хиса-свериялде ахIи бай, бомбаби хIалтIизари ва талавурлъи.

Гьел киналго такъсирал аль-Нимрица гьарунин аслияб къагIидаялъ шиитаз гIумру гьабулеб Катиф вилаяталда.

ГIали аль-Нимр ккун вугоан 2012 соналда доб заманалда гьесие тIубана 17 сон. Гьев тIаса-лъугьиялда ахIи балеб буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ ва инсанасул ихтиярал цIунулел халкъаздагьоркьосел гIуцIабаз.

XS
SM
MD
LG