МагъчIваялъе рес

Багъдадалда 24 чи чIван вуго


Шамат къоялъ Багъдадалда шиитаз гIумру гьабулел авалазда суицидалиял гьужумазул хIасилалда 24-гIан чи чIван вуго, 60-гояласа цIикIкIарав лъукъунги вуго Кадимийа мухъалда бугеб балагьута-бакIалде щалали лъаларез гьабураб тIаде-кIанцIиялъул хIасилалда.

Оперативияб командованиялъул бетIер СагIад Мааница абуна, цояв кквезе кIванин низам цIунулезда, кIигояс жалго жидецаго кьвагьизарунин. Гьеб гьужумалъул жавабчилъи тIад Исламияб пачалихъалъ босун буго.

XS
SM
MD
LG