МагъчIваялъе рес

Барак Обама: "Россиялъ гьабураб хIукму - катастрофаялъул рецепт"


Сириялда Россиялъ бачунеб гьавадул рагъул кампаниялда «катастрофаялъул рецептилан» абуна рузман къоялъ Вашингтоналда ХъахIаб Рукъоб букIараб пресс-брифингалда Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца.

Гьесул рагIабазда рекъон Россиялъ Сириялда гьабулеб рагъулаб операциялъул аслияб мурад - Башар Асадие рагъулаб квербакъи. Москваялъ гьабураб гьадинаб хIукму хIасил гьечIеблъун букIине буго, ян абуна Америкалъул президентас.

XS
SM
MD
LG