МагъчIваялъе рес

Россиялъул авиациялъ ракъилал гIадамалги чIванин Сириялда


КIудияб Британиялъул улка цIуниялъул министр Майкл Фэллоница лъазабуна, Россиялъул гьавадул къуватаз Сириялда ругел «Исламияб пачалихъалъул» позициязде гьужумазул щуго процент гурони, тIокIаб гьабулеб гьечIин.

ХутIарал шинал гьужумал Россиялъул авиациялъ гьабулеб бугин Башар Асадиде данде рагъ бачунеб «Сириялъул эркенаб армиялде». Ва гьел гьужумазул хIасилалда ракълилал гIадамалги чIван ругин. Хасал хъулухъазул рихьизариязда мугъ чIван, гьадинаб баян Британиялъул министрас гьабуна Sun газетаялъе интервью кьолаго.

XS
SM
MD
LG